
Ро́су – цо хасаб бакӀалда гIадамаз данделъун, рукъзал ран гӀуцӀцӀараб, къайи тӀибитӀулеб ва гьениб бетӀербахъи гьабулеб бакӀ.
Этимология
Росу (ген. ро́сдал, пл. ро́саби) абураб рагӀи ккола унго авараб; бачӀана инс-авар *rVsʷV рагӀудаса. Гьеб жиндирго иргида лӀугьун буго метатезалдалъун прото-хьундакавказияб *śwerʕV ( ~ -ǝ-, -ʡ-) ('къватӀ, росу') рагӀудаса. ГӀагарал рагӀабилъун ккола тум шалра ва хиналуг сва.[1]
Дурусго
НилӀехъе щварал лъаязда рекъон, МагӀарухъ (Аварлъуда букӀа, ГуржиялӀ букӀа) цере чӀахӀиял росаби гӀуцӀцӀизегӀан гӀадамац бетӀербахъи гьабулеб букӀун буго тухумалккун, кьалбалккун, тайпабиккун. Цо-цо, кӀи-кӀи гӀагарлъи ракӀарарал росумахӀал бакӀал (мархьаби, кулал) данделъизе ккана, цоги чӀахӀиял росумахӀбакIал яги росаби тӀанде кӀанцӀизе байбихьараб мехалъ. Данделъун, гьеза гӀуцӀцӀулеб букӀун буго росу. Гьеб мехалъ гурони гьезда чӀахӀиял росабазде данде къеркьон [2].
БакӀазда (мусдузда), кала́зда, росабазда лъолаан цӀарал: — росу гӀуцӀцӀараб бакӀалда рекъон (масала, Хъе́рукь, Ге́нуб, Гъогъо́лӀ, Росно́б) — гьел гӀуцӀцӀарал чагӀазда хурхун (масала: ХӀажи́кӀкӀал, ГӀиса́лпажихъ) — гьенир тӀибитӀарал хӀалтӀабазда, махщалида яги гӀемер гьабизе ккараб хӀалтӀуда рекъон (масала: СугъралӀ) — букӀине бегьула гьенир рукӀарал лӀугьа-бахъинал – росу бухӀи, тӀадекIанцӀи (масала: КӀкӀу́яда).
Жеги этимология ричӀчӀичӀел, яги уйин чӀчӀезабичIел чанги росаби руго (масала, Ху́нзахъ, ГӀанди́, Гъуни́б).
Авараз бакӀицӀарал кидалгогӀан гӀуцӀцӀула локативаздалъун (бакӀ/мес рихьизарулел суффиксал). Щибаб локативалъ кьола жиндирго магӀна. Авар локативал рукӀуна кьочӀохъ: Ге́ну-б («гени букӀунеб/бижулеб бакӀалда»), Щу-гъи́ («рахараб щобазда бугеб бакӀ»), Ху́нза-хъ («ху́ндерихъ»), Гьара́дери-хъ («бодухъ кколеб бакӀ»), ТӀеле́кь («тӀелалда гъоркь кколеб бакӀ»), ЦIу́ма-да («цӀумида гӀагарлъуда, борхалъуда кколеб бакӀ») ва гь.ц.
МагӀарул росаби рикьула роха́базде (яги ава́лазде). ЧӀахӀиял росабалӀ рукӀунаан: росубакьулӀбакӀ (годекӀан, гӀадамал тирулел бакӀал, тукаби), хӀавузал, хӀорал, бо бакӀарулеанаб бакӀ ва гь.ц. Гьанже шагьаразухъего батӀи-батӀиял жал раккана. РосабалӀ ругел рукъзалазукь, гъоркьтӀулбузда, рукӀунаан бокьал. Цо-цо бакӀазда бугъунгьалбадерие тарал берцинго гьарурал рукъзал.
Мисалалъе росаби:
- Аваразул: Къеди, Генуб, Хунзахъ, Сасикь, Агъвали, Унсоколо, Шава, ва гь. ц.
- ЛъарагӀазул: Бабаюрт, Мужукъай, Татаюрт, Эндирей, Батаюрт, ва гь. ц.
- Даргиназул: Лаваши, ГӀакуша, Хажалмахьи, Алате, Мусульте, ва гь. ц.
- Тумазул (Лаказул): Кули, Кумух, Хосрех, ва гь. ц.
| Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, . |
- ↑ "Росу рагӀул этимология". StarLing database server. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. Щвей 2024-01-12.
- ↑ А. М. Нурмагомедов Ш., М. Хапизов. Опыт реконструкции процесса формирования сельской общины в нагорном дагестане (на примере сел. аракани)