Тарих

Кириллияб А хӀарп лӀугьараб буго грек альфа (Α α) хӀарпалдаса. Басрияб славян алипбаялда гьелде абула азъ–илан, азъ (azǔ), "Дун" абураб магӀнаги бугеб. Кириллияб рикӀкӀеназул системаялда А хӀарпалъул магӀна буго 1.

Форма

Тарихалда жаниб, кириллияб А хӀарпалъул букӀана батӀи-батӀияб форма. Россиялда I Пётрица граждан шрифт билӀинабуралдаса нахъе, кириллияб А хъвала латин варианталда релълъун; курсивги, мухъил формаги гьединго.

ХӀалтӀизаби

ГӀемерисел мацӀазда, жидеца кириллица хӀалтӀизабулел, — авар, булгар, украин, белорусс, гIурус, русин, серб, македон ва черногор мацӀал гӀадал, — кириллияб А хӀарпалъ бихьизабула рагьараб гьаракь /a/. Ингуш ва чачан мацӀазда бихьизабула гъоркьияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ɑ/ ва гьоркьохъеб борхиялъул гьоркьохъеб кьералул рагьараб /ə/. Тувин мацӀалда гьеб хӀарп хъван букӀине бегьула диграф гӀадинги.[2][3]

Авар мацӀалда

Авар мацӀалда киса-кибего хӀалтӀизабула гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ гьаракь бихьизабизе, мисалалъе: анцӀго, гӀадан, вац. РагӀул байбихьуда гьеб гьаракь дандчӀваларо, гьелда цебе букӀуна гьамза, амма гьеб бихьизабуларо, гьединлъидал киса-кибего рагӀабазул байбихьуда хъвала А хӀарп. Гьелдаса байбихьулеб бищун къокъаб рагӀи буго авар мацӀалда ине фигӀлуялъул тӀалабияб буссинаби: а.

ГӀурус мацӀалда

ГӀурус адабияталъулаб мацӀалда А хӀарп, рагӀулӀ бугеб позициялда рекъон, цӀалула батӀи-батӀиял къагӀидабазда:

  • кьабизабиялъукь (рука́квер’) — [а] гьаракь гӀадин;
  • кьабизабиялда цебесеб гьижаялъулӀ (паро́м) — [ʌ] гӀадин; гьединго -ао-, -оа- ва ц. хӀарпазул дандраязда: баоба́б, коагуля́нт;
  • цогидал кьабизабиялъукь гьечӀел позициязда (кьабизабиялда хадуб ва кьабизабиялде щвелалде цоялдаса цӀикӀкӀун гьизаялъе цебе) — [ə] гӀадин
  • цоц-о кьабиязабул гуреб позициялда — [ɪ] гӀадин: ч'асы́ сагӀат', к сожале́нию ‘талихӀъиналъе’.
  • Кьабизабиялъукь гьечӀел гьижабазда А цӀалула О хӀарпго гӀадин: «пора́» [пʌра́] 'ригь', «росла́» [рʌсла́] 'гӀолеб букӀана'.

ГӀурус рагӀаби А хӀарпалдаса байбихьулел, аслияб къагӀидаялъ руго цогида мацӀаздаса рачӀарал, цо-цо гьоркьоберехал яги гьаркьахъе абулел рагӀаби ва "а" рагӀи хутӀизегӀан.

Хурхарал хӀарпал ва цогидал релълъарал ишараби

Кодал

Симболалъул информация
ЦебихьиАа
Юникод цӀар CYRILLIC CAPITAL LETTER A CYRILLIC SMALL LETTER A
Кодификациядекгьексдекгьекс
Юникод1040U+04101072U+0430
UTF-8208 144D0 90208 176D0 B0
Нумериял симболазул референсААаа
Named character referenceАа
KOI8-R and KOI8-U225E1193C1
CP 855161A1160A0
Windows-1251192C0224E0
ISO-8859-5176B0208D0
Mac Cyrillic12880224E0

Ралагье гьединго

Баянкьелал

  1. Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов. М. : Большая российская энциклопедия, 2004—2017.
  2. "Tuvan language, alphabet and pronunciation". omniglot.com. Щвей 14 June 2016. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  3. Campbell, George L.; King, Gareth (24 July 2013). Compendium of the World's Languages. Routledge. ISBN 9781136258459. Щвей 14 June 2016 via Google Books. {{cite book}}: Check date values in: |access-date= гин |date= (help)

Адабият

КъватӀисел регӀелал